Бетарахь
Внешний вид
Бетарахь ккола цӀекӀлъараб рахьдаса щолеб батӀи-батӀияб кванил нигӀмат. Рахьалъе цӀекӀаб тӀагӀам кьолеб цӀекӀлъи щола бактериялъулаб ферментациялъ яги кислота тӀадежубаялъ, масала лимоналъул гӀиналъул яги къанцӀадул. Кислота сабаблъун бети ккола, зарарал бактерияби чӀванги нигӀмат хвечӀого цӀунизе кӀолеб заман халалъизабунги. ХӀан гьабизе гьеб лъикӀаб жо гуро.